Нилъерго чи чиярин ккун
Лъезе ккогеги дир гали
Чияравги нилъерин тун
Бахъун унгеги дир раг1и
Ц1орораб дунял гьезул
Ццин бахъаразул
Ц1ер ч1варал гьезул рак1ал
Хинлъи лъаларел
Рат1алъун унел чаг1и
Рохун кибго рихьич1о
Квешлъи гьабулел
Рорхалъуларо
Лъик1ал г1адамазулни
Гвангъун бихьула г1умро
Ракьалда алжан
Кьун бугин ккола
Г1адамал квешал рук1унге
Рук1к1ине биччаге гьаб къо
Г1адамал лъик1ал нуж рук1а
Раг1иялъ гвангъула сордо
Раг1иялъ гвангъула сордо
Рогьалида бакъги щун
Щобги бакъвала
Бак1ал къоялги ун
Рохелалъ къвал бала
Рогьалида бакъги щун
Щубги бакъвала
Бак1ал къоялги ун
Рохелалъ къвал бала
Рат1алъун унел чаг1и
Рохун кибго рихьич1о
Квешлъи гьабулел
Рорхалъуларо
Лъик1ал г1адамазулни
Гвангъун бихьула г1умро
Ракьалда алжан
Кьун бугин ккола