Дир чIухIарав эмен, чIухIун хьвадана,
Мун гьаб дунялалда ватиялдаса.
Мун къадру борхатав. Хирияв эмен,
РитIухъаб гурони рагIи духъ гьечIо.
Дуца умумузул рукъзал цIунана,
Дурго наслабазе къадал рорхана
{Дурго гIакълу лъаялъ битIараб нухда,
Кидаго рачуна, хирияв дада.} - 2 раза
{jllikelock}2.
Мун рукъалъул хIуби, ракIалъул хIалхьи,
Гьалбадерие мун ракI кьолев инсан
Мун гьечIони цIадухъ ниж хинлъиларо,
Дур лъикIлъи нижеда кIочон теларо.
Баркала, хирияв, дур рокьиялъухъ,
РагIабаз бицинчIеб дур тIалабазухъ
{Дур калам къотIараб къо бихьугеги,
Лъималазул рахъ ккун вахъунев дада.} - 2 раза
Баркала, хирияв, дур рокьиялъухъ,
HагIабаз бицинчIеб дур тIалабазухъ
Дур къимат гьабизе ниж кватIугеги,
Балагьазда цеве кьуролъун чIолев.
Дур къимат гьабизе ниж кватIугеги,
Kъималазул рахъ ккун вахъунев дада. - Повтор