Божи гьеч1илан абуге,куркьбал лъуна дида вокьулес
Г1азаб г1умераб гьаб балай, бач1араб щайзе я Аллагь.
Жеги рокьул х1ал лъач1елъул, г1ищкъуялда къвал бач1елъул.
Бакана ц1а дир чорхода, бахъун анин карандаса рак1.
Ах1улеб,ах1улеб кеч1 дуй хирияв.
К1варич1о рокьул г1азаб.
Теларо къосун дир х1асрат
Къварилъи бихьуларо мун вугони.
Хъах1илаб зоб дий бец1лъила
Ц1унила гьудул
Ц1ехола, ц1ехола,ц1...., ................
Гьедуларо киб телебан, рагьич1еб лъийниги рокьул нуц1а
Гьардола загьро кьейилан, свинабизе ургьиб бугеб ц1а.
Рак1алъе раг1и кинан кьелеб, г1енеккиларин дур г1ищкъуялъухъ.
К1олеб гьеч1о, г1айиб ч1ваге,ц1уне рокьи нилъее г1олон.
Ах1улеб,ах1улеб кеч1 дуй хирияв.
К1варич1о рокьул г1азаб.
Теларо къосун дир х1асрат
Къварилъи бихьуларо мун вугони.
Хъах1илаб зоб дий бец1лъила
Ц1унила гьудул
Ц1ехола, ц1ехола,ц1...